Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Анкьабилев малаикги ссуралъубе пуйзе лъугьина. Гьеб къоялъ лъугьина Аллагьас жиндирго лагъзадерида – аварагзабазда Рохалил хабар бицун лъазабун букІараб балъгояб иш. Ва зобалазда рагъ ккана – МикагІил ва гьесие мутІигІал малаикзаби аздагьоялда данде рагъулел рукІана, аздагьо ва гьелъие мутІигІал жундул дозда данде рагъулел рукІана. Амма гьел бергьинчІо, зобалазда тІокІалъ бакІцин хутІичІо гьезие. Ва Илбисиланги ШайтІаниланги цІар лъураб, жинца тІолабго дуниял къосинабулеб кІудияб аздагьо – некІсияб борохь ракьалде рехана ва гьелъие мутІигІал жундулги рехана гьелдаго цадахъ. Дида рагІана зодиб цо кутакаб гьаракьалъ абулеб: «Гьанже бачІана нилъер Аллагьасдасан хвасарлъиги, ихтиярги, парччахІлъиги ва гьесул МасихІил ихтиярги, щайгурелъул иман лъуразде гІайиб гІунтІизабураб тушман зобалаздаса гІодобе рехун бугелъул; къасиги-къадги Аллагьасда цебе гьезде гІайиб гІунтІизабулаан гьелъ. Анкьабилев малаикас жиндирго щуруналъуб букІараб жо гьаваялде чвалхана. Ва Аллагьасул кІалгІаялъуб бугеб тахида аскІосан кутакаб гьаракьалдалъун: «ТІубана!» – ян абулеб рагІана дида. Гьелдаса хадуб кІудияб руккелалъул гІадинаб гьаракьалдалъун зодисан ахІулеб рагІана дида: «Гьаллелуя! Нижер Аллагьасухъ буго хвасарлъиги, цІар-реццги, къудратги, КІудияб руккелалъул гІадинаб яги кутакаб чвахелоялъул гІадинаб гьаракьалдалъун ахІулеб рагІана дида: «Гьаллелуя! Нилъер къудратав БетІергьан Аллагь парччахІ вугелъул!
Выбор основного перевода