Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Асия улкаялда ругел иман лъуразул анкьабго жамагІаталде Иоаннил рахъалдасан салам. Жив хІакъав, абадияв, даимав Аллагьасул, гьесул тахалда цеве вугев анкьавго кІудияв малаикасул Дун Алипги Яги вугилан, Авалги Ахирги вугилан абулеб буго Жив хІакъав, абадияв, даимав Аллагьас – Къудратав БетІергьанас. Гьеб ункъабго рухІчІаголъиялъул щибалда букІана анлъ-анлъ кваркьи; жанисанги къватІисанги гьел куркьбаздаги рукІана берал. Къасиги-къадги гьоркьоса къотІичІого гьез ахІулеб буго: «ВацІцІадав! БатІияв! Къудратав! ХІалкІолев БетІергьан Аллагь! Жив хІакъав, абадияв ва даимав!» Гьез ахІулеб букІана Аллагьасул лагъ Мусал кечІ ва КьагІрил кечІ: «ХІалкІолъи кІудияв БетІергьан Аллагь, гІажаибал ва чІахІиял руго дур ишал! Халкъазулго парччахІ, гьел дур нухал ритІухъалги руго, хІакъалги руго! Ва лъадал малаикас абулеб рагІана дида: «Гьаб дур суд ритІухъаб буго, абадияв-даимав вацІцІадав Аллагь! Къурбан хъолеб бакІалда аскІосан абулеб рагІана дида: «БитІараб буго! ЦІакъго ритІухъабги хІакъабги хІукму къотІана дуца, хІалкІолев БетІергьан Аллагь!» Гьел руго квешал жундул; гьез гІаламатал рихьизарула. Ва гьел ана тІолабго дуниялалъул парччахІзабазухъе, ХІалкІолев Аллагьасул кІудияб къоялъ цолъун, данделъун, гьел рагъде рахъинаризе. цо къоялъ гьелде рещтІина балагьги, къварилъиги, ракъиги; гьелъие суд гьабулев БетІергьан Аллагь къудратав вугелъул, цІадулъ гъанкъила гьей! КІудияб руккелалъул гІадинаб яги кутакаб чвахелоялъул гІадинаб гьаракьалдалъун ахІулеб рагІана дида: «Гьаллелуя! Нилъер къудратав БетІергьан Аллагь парччахІ вугелъул! Гьесул кІалдиса къватІибе бачІунеб рагІиги релълъуна халкъаздаса бергьине хьвагІулеб рекІараб хвалченалда. Гьес гьел маххул тІилица рехъаде рачине руго. Къудратав Аллагьасул ццидалги жазаялъулги чаналъуб чагъир гьабизе цІибил мерхьина гьес.
Выбор основного перевода