ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Иляс аварагасул заманаялда, лъабго соналъги анлъго моцІалъги зодисан цІадал къатІра тІинкІичІого тІолабго ракьалде гІасияб ракъи рещтІараб мехалъ, Исраилил халкъалда гьоркьор гІемерал къоролзаби рукІаниги, Сидон улкаялъул Царепат шагьаралдаса цо къоролалъе гІоло гурони витІун вукІинчІо Аллагьас Иляс.