Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма дур гьенив Сардисалда вуго ретІел хъублъизабичІев чанго чи, гьел дида цадахъ хъахІаб ратІлилъ хьвадизе руго, гьелъие мустахІикъал ругелъул. КьагІрица анлъабилеб мугьруги тІезабуна. Кутакалда ракь багъарана. Бакъги чІегІерлъана, чІегІераб сугъур гІадин; рещалъараб моцІги би гІадин багІарлъана. Кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес: «Аллагьасукьа хІинкъа ва гьесие рецц гьабе, гьес суд гьабулеб сагІат тІаде щун бугелъул! Зобги, ракьги, ралъадги ва лъадал иццалги рижарасе сужда гьабе!» Гьел жидеда тІаде щварал гІазабазухъги ва жидеда ругел ругъназухъги зобалазул Аллагьасе нагІана кьолеб букІана гьез, амма жидер ишаздаса рекІекълъичІо, тавбуги гьабичІо. Ва пири пирхана, гьаркьал рахъана, зоб гъугъадана, кутакалда ракь багъарана; ракьалда гІадамал рижаралдаса нахъе жеги киданиги букІинчІеб къагІидаялъ багъарана ракь.
Выбор основного перевода