Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Фарисеялги ва цогидал киналго жугьутІалги, умумуздасанго бачІараб динияб гІадат цІунун, цин кверал чуричІого кваназе гІодор чІоларо. Базаралдаса руссараб мехалъги гьел кверал чуричІого кваналаро. Цогиги гІемер руго гьез цІунарал гІадатал. Масала, мухІканго чурула суркІа-щурун, парччи-гулгун, пахьул хьагал.) Гьединлъидал фарисеязги диниял гІалимзабазги ГІисада гьикъула: – Умумузул динияб гІадатги цІуничІого щай дур муридал чуричІел квераз кваналел ругел? ГІисаца жаваб кьуна: – Нуж гІадинал ххвелал гьаризе бокьулел чагІазул хІакъалъулъ цІакъ битІун абун бугебха Ишая аварагасул тІехьалда: «Гьел гІадамазул кІалалъ Дир цІар гІемер рехсола, Амма ракІални гьезул рикІкІад руго Дидаса. ГІадада ккела гьезул Дие гьабураб тІагІат, ГІадамазул гІадатал цІунизе халкъ тІамидал». Аллагьасул амруги рехун тун, гІадамазул гІадат цІунула нужеца. Цоги гьес абуна: – Нужерго гІадат цІунизе бокьун Аллагьасул амру нахъчІвазени махщел щун буго нужее! ГІисаца абуна: – Нужееги, диниял гІалимзаби, балагьги гІазабги! Щайгурелъул нужеца гІадамазул мугъзада лъолеб буго баччизе кІоларебгІан бакІаб гьир, нужецагойин абуни, гьелда килищцин хъваларо. Аллагьасде рокьи кколелъулха гьесул амраби нилъеца тІуразари. Гьесул амраби захІматал гьечІо.
Выбор основного перевода