Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Муридаз ГІисада гьикъана: – Щайха диниял гІалимзабаз абулеб цин цеве Иляс авараг вачІине кколилан? Гьезие жаваб гьабун ГІисаца абуна: – БитІараб буго, Иляс вачІине кколаан ва гьес кинабго къачІан тезеги кколаан. Дица нужеда абулеб буго: Иляс вачІун вукІана, амма гІадамазда гьев лъачІо, жидее бокьанщинаб гьабуна гьесие, ГІадамил Лъимадуеги гІазаб кьезе буго гьез. Гьебмехалъ муридазда бичІчІана гьес ЯхІя аварагасул хІакъалъулъ бицунеб букІин. Цинги гьез ГІисада гьикъана: – Щайха диниял гІалимзабаз абулеб цин цеве Иляс авараг вачІине кколилан? ГІисаца гьезда абуна: – БитІараб буго, цин цеве Иляс вачІуна ва гьес кинабго къачІанги тола. Щайха ТІухьдузда хъван бугеб ГІадамил Лъимада гІемераб гІазаб-гІакъуба бихьилилан ва гІадамаз гьев инжит-хІакъир гьавилилан? Гьале дица нужеда абулеб буго: ТІухьдузда хъван бугеб куцалда, Иляс вачІана; ва жидее бокьанщинаб гьабуна гьесие гІадамаз. Иляс аварагасул хІалкІолъигун ва къудратгун ТІадегІанасдаса цеве вачІун, эбел-инсулги лъималазулги ракІал цоцалъ журазарила гьес, къосун Аллагьасде мугъ рехаралги тІадруссинарила муъминазул гІакъиллъиялде. ТІадегІанав вачІиналде къачІала гьес хІадур гьабураб халкъ. Гьедин батани, Иляс аварагищха мунилан гьикъана гьез. Гурилан жаваб кьуна ЯхІяца. Мун аварагищилан гьикъараб мехалъги гурилан абуна гьес.
Выбор основного перевода