Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гІемерал аварагзабазеги вализабазеги бокьун букІана нужеда бихьулеб бугеб бихьизе, амма гьезда бихьичІо. Нужеда рагІулеб бугеб рагІизеги бокьун букІана, амма гьезда рагІичІо. Гьеб хвасарлъиялъулин аварагзабаз, цІех-рех гьабун, хІакъикъат лъазабулеб букІараб. Аварагзабаз цебеккунго бицунеб букІана нужеде рещтІине бугеб баркаталъул. Гьез хІаракат бахъулеб букІана жиндие кьезе бугеб гІазаб-гІакъубаялъулги гьелдаса хадуб щвезе бугеб бергьенлъиялъулги хІакъалъулъ МасихІил РухІалъ бицунеб букІарабщинаб кида ва кин лъугьине бугебали лъазе. Аллагьас аварагзабазе загьир гьабун букІана, жинца гьел жидеего гІоло гурел, нужее гІоло ритІун ругеллъи. Аварагзабаз доб мехалдаго бицунеб букІиндалха зобалаздасан рещтІараб Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун Рохалил хабар лъазабулез гьанже нужеда бицунеб бугебщиналъул хІакъалъулъ. Малаикзабазегицин бокьилаан гьеб лъазе.
Выбор основного перевода