Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
– ЧІедераб нуцІихъан жанире лъугьине хІаракат бахъе нужеца. Дица нужеда абулеб буго: гІемераз жигар бахъила гьеб нуцІихъан лъугьине, амма гьезда кІвеларо. ЯхІяде щвезегІанги букІана диналъул къанун, рукІана аварагзабиги. Гьев вачІун хадуб Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар бицунеб буго. Щивас хІаракат бахъулеб буго хІалица гьенире рорчІизе. Ккун вачун, гьез жидерго парччахІлъун гьавизехъин вукІин лъайдал, ГІиса нахъеги магІарде ана, щивниги цадахъги вачинчІого. Шамуилидасан байбихьун гьесдаса хадур рахъарал киналго аварагзабазги цебеккунго лъазабун букІана гьел къоязул хІакъалъулъ. Хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІабазда тІаса лъицаниги щибниги босани, Аллагьас гьесда тІасаги босила гІумруялъул гъветІалдаги мукъадасаб шагьаралдаги гьесул букІараб бутІа, – гьаб тІехьалда жиндир хІакъалъулъ рехсон бугеб бутІа.
Выбор основного перевода