Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьев Гьеродица кквезеги ккун, рахсалги ран, гвандиниве рехун вукІана ЯхІя авараг. Гьелъие сабаблъун ккана Гьеродил вац Филиппил йикІарай чІужу Гьеродиада. Гьеродица жинцаго кьун букІана кквезеги ккун ЯхІя гвандинив тІамейилан буюрухъ. Гьелъие гьадинаб гІиллаги букІана: Гьеродица лъадилъун ячун йикІана жиндирго вац Филиппил чІужу Гьеродиада. Гьерод ханасдаги рагІана ГІисал гьел киналго ишазул хІакъалъулъ, ва гьев малъкъосун хутІана. Цо-цо гІадамаз абулеб букІиндалха хваралъуса вахъун ЯхІя вачІун вугилан. Цогидаз абулеб букІана Иляс авараг вачІун вугилан, цо-цояцайин абуни, цебе заманаялъул аварагзабазул цояв чІаголъун вугилан хабар биччан букІана. Гьеродицани абулеб букІана: – ЯхІял дица бетІер къотІана; жиндир хІакъалъулъ дида гьадинал харбал рагІулел ругев чи щивха кколев? Гьев вихьизе гъира букІана Гьеродил. ЯхІя жеги гвандинив тІамилалде заман букІана гьеб.
Выбор основного перевода