Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ХІикмалъун хутІарал гьесул муридаз абуна: – Балагье, инжиралъул гъветІ хекко бакъвараб куц! Гьез раччи бакІлъизабулеб буго ва гьеб гІадамазул мугъзада лъолеб буго. Жидецагойин абуни гьелда биччун килищцин хъвалеб гьечІо. Гьел рагъабазда регун рукІунаан унтаралги, бецалги, рекъалги, палижалъ ккуралги гІемерал гІадамал. ГІисаца абуна: – Дун вуго гьеб чІаголъи кьолеб чед. Дихъе вачІарав киданиги вакъизе гьечІо, дида божарав киданиги къечезе гьечІо. Амма дица нужеда абичІищ, гІаламат бихьаниги, нуж дида божун гьечІилан. Инсуца дихъе кьуравщинав чи дихъе вачІина, дихъе вачІарав цониги чи дица нахъе гъеларо. Байрамалъул ахирисеб бищунго хирияб къоялъ ГІисаца, халкъалде хитІаб гьабун, ахІана: – Къечарав чияс дида аскІовеги вачІун, къеч буссинабе. Я нилъер умумузда, я нилъеда хІехьезе кІвечІеб рукь муридазул гарбидеги ккезабун, щай нужеца Аллагьасул сабруялъул хІалбихьулеб бугеб?
Выбор основного перевода