Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьеб бихьидал, фарисеяз ГІисал муридазда абуна: – Магъало бакІарулел чагІаздаги ва цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ гІодовги чІун щай гьав нужер мугІалим кваналев? ЯхІял муридал рачІана ГІисада аскІоре: – Нижецаги фарисеязги кІал ккола, гьал дур муридаз кІал щай кколареб? – ан гьикъана гьез. ГІисаца гьезда абуна: – БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьес берталъе ахІарал гьудулзаби къваридго-пашманго рукІине бегьилищ? РачІина бахІарав гьезухъа вахъун арал къоялги, гьеле гьебмехалъ кквела гьез кІалги. ГІемерал магъало бакІарулел чагІиги цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуги рачІунаан ГІисахъ гІенеккизе. Фарисеялги диниял гІалимзабиги ГІисаде гІайиб-гъвелалда рукІана мунагьазул цІурал гІадамал къабул гьарулел ругилан, гьелгун цадахъ квана-гьекъолев вугилан. Гьеб бихьун киналго зурзудизе лъугьана мунагьазул цІурав чиясул бакІалде анин гьев гьоболлъухъилан.
Выбор основного перевода