Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ЯхІяцайин абуни, варанидул квасул ретІел ретІунаан, рачлихъ борчунги букІана хьвацІил рачел. Гьес кваналеб жоги букІана гарцІги гІалхул гьоцІоги. ЯхІял муридал рачІана ГІисада аскІоре: – Нижецаги фарисеязги кІал ккола, гьал дур муридаз кІал щай кколареб? – ан гьикъана гьез. Иерусалималдаса рачІарал диниял гІалимзабазни абулеб букІана жундузул хан вугин ГІисал чорхолъе лъугьун, ва гьеле гьев жундузул ханас кумек гьабулеб бугин гьесие жундул рачахъизеян. Анкьида жаниб кІиго къоялъ кІал ккола дица, дие щварабщиналъул хайиралъул анцІил бутІа садакъаде кьола». ГІадамаз ахІулеб букІана: – Мун жундуз ккун вуго. Мун чІвазе къасд гьабулев чи щив вугев? – ан.
Выбор основного перевода