– Нуж кантІе, Аллагьасде русса, Зобалазул ПарччахІлъиялъул заман тІаде гІунтІун бугебин! – абун лъазабулеб букІана гьес.
Гьелдаса хадуб халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе байбихьана ГІисаца. – Нуж кантІе, Аллагьасде русса! – ян абулеб букІана гьес. – Зобалазул ПарччахІлъиялъул заман тІаде гІунтІун бугебин!
Цо шагьаралде щун, нуж гьенир къабул гьаруни, нужее кьурабги кванай, гьенир ругел унтаралги сахлъизаре, Аллагьасул ПарччахІлъи нужеде тІаде гІунтІун бугиланги бице гьезда.
«Нужер шагьаралда нижер хІатІазда тІад чІараб хІургицин нижеца къватІазде нужеего кІутІулеб буго. Амма лъан букІаха Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун бугеблъи».