Гьезие жаваб гьабун ГІисаца абуна: – Дун Исраилил умматалъухъе витІун вуго вехьасухъа риларал чахъаби гІадин ругел гьелъул гІадамал ралагьизе.
Амма Павелицаги Барнабацаги хІинкъичІого абуна гьезда: – Нужедайин бищунго цебе лъазабизе кколеб букІараб Аллагьасул рагІи. Амма нужеца гьеб нахъе тункулеб бугелъул ва абадияб гІумру насиблъизе мустахІикъал гьечІеллъун нужецаго нужго рикІкІунелги ругелъул, гьале ниж цогидал халкъазде руссун руго!