Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьанже а! Гьале дица нуж ритІулел руго бацІазда гъорлъе кьагІи гІадин. Амма мухьдахъ ккурав вехь вехь гуро, чахъаби чияр ругелъул. БацІ рехъалъе бачІунеб бихьани, рехун гІиги тун, лъутун уна гьев. БацІ рехъалъ речІчІула, гІи рахъ-рахъалде лъутизабула, мухьдахъ ккурав вехьасе гьезул ургъел гьечІелъул. Дида лъала дун нужеда аскІоса нахъе араб мехалъ, хъантІарал бацІал рачІун, нужер гІиял рехъабазда гьел гурхІизе гьечІеллъи. Киназдаго лъала Рохалил хабаралъе нуж ритІухъал рукІин. Дунги гьелдаса вохун вуго. ЛъикІлъи гьабиялъулъ гІакъилзабилъунги, квешлъи гьабиялъулъ жагьилзабилъунги рукІине бокьун буго дие нуж. Нужерго гІамал-хасияталда хадуб халккве. ГІабдалзабазда релълъун хьвадичІого, гІакъилазда релълъун хьваде.
Выбор основного перевода