Зобалазул хІанчІазухъ ралагье нуж: гьез я бекьуларо, я лъилъуларо, я царгъахъе баларо. Зобалазда вугев нужер Инсуца хьихьун руго гьел. Гьездаса гІемерго хириял гьечІищ нуж?
Чахъдадаса чи кигІан хириявха вугев! Гьединлъидал къануналъ изну кьола шамат къоялъги чиясе лъикІлъи гьабизе.