Гьебмехалъ нуж рачина гІазаб-гІакъуба кьезе ва чІвазе. Дун сабаблъун тІолабго гІаламалда рихина нуж.
Пасалъи цІикІкІиндал, гІемерисезул рокьи ссун ина.
Амма ахиралде щвезегІан сабру гІурав чи хвасарлъила.
Гьеб кинабго гІазаб-гІакъуба дир цІар сабаблъун гьабила нужее, гьезда лъалев гьечІелъул дун витІарав Аллагь.