Жиндасаго цере муридал ритІана гьес сапаралде. Самариялъул цо росулъ чІана гьел, ГІиса вачІиналде хІадурлъи гьабун.
Самариялъул цо шагьаралде арав Филиппицаги МасихІил хІакъалъулъ хабар тІибитІизабулеб букІана гьениб.
ХІасил – чапарзабаз МасихІил хІакъалъулъ бицана ва Аллагьасул рагІи тІибитІизабуна. Гьедин Иерусалималде тІадруссун унаго, Самариялъул гІемерал росабалъги бицана гьез Рохалил хабар.