Щаян абуни, жиндирго гІумру цІунизе бокьулев чи гьелдаса махІрумлъила, дие гІоло гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарасда гьеб цІидасан батила.
Щаян абуни, жиндирго гІумру цІунизе бокьулев чи гьелдаса махІрумлъила, диеги Рохалил хабаралъеги гІоло гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила.
Щаян абуни, жиндирго гІумру цІунизе бокьулев чи гьелдаса махІрумлъила, дие гІоло гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила.
Жиндирго гІумру цІунизеян лъугьарав чи гьелдаса махІрумлъила; жиндирго гІумруялдаса махІрумлъизе разилъарас гьеб хвасар гьабила.
Жиндирго гІумру хирияв чи гьелдаса махІрумлъила. Амма гьаб дуниялалъул рокъоб жиндирго гІумру рихарасе абадияб гІумру насиблъила.