Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьале ГІиса магІарде вахана. Гьес гьенире ахІана жиндиего рокьарал муридал. Гьелги ГІисада аскІоре ана. Гьес анцІила кІигояв чапарзабилъун гьаруна, жиндаго цадахъ рукІинеги, Рохалил хабар лъазабизе ритІизеги, гІадамазул чорхолъа жундул рачахъулеб къудрат кьезеги. Гьел рукІана: ГІисаца Пётр абун тІокІцІар жиндие кьурав Симон, Зебедайил вас Якъуб, гьев Якъубилго вац Иоанн (гьев кІиясего ГІисаца кьун букІана Боанергес абураб цІар – гьебги ккола «Гъугъадиялъул васал» абураб магІнаялъул рагІи), Андрей, Филипп, Бартоломей, Матфей, Фома, Алфейил вас Якъуб, Фаддей, Симон КІанъанаъ, хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариотги. Гьел къоязда ГІиса Аллагьасе тІагІаталъе цо магІарде вахана ва тІубараб сордоялъго гьари-дугІаялда вукІана. Нахъисеб къоялъ радал ГІисаца жиндирго муридал аскІоре ахІана ва, тІаса вищун, анцІила кІигоясда чапарзабийилан цІар лъуна. Гьел рукІана: Пётрилан гьес тІокІцІар кьурав Симон, гьесул вац Андрей, Якъуб, Иоанн, Филипп, Бартоломей, Матфей, Фома, Алфейил вас Якъуб, Зелотилан тІокІцІар бугев Симон, Якъубил вас Ягьуда ва хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариот. ЯхІяца бицаралъухъ гІенеккун, ГІисада хадур аразул цоясда цІар Андрей букІана. Гьев вукІана Симон Пётрил вац. ТІадвуссун щваравго, Симонги валагьун, Андрейица бицана нижеда МасихІ ватанилан. (Грек мацІалда Христосилан абула гьесда.) Гьес Симон ГІисахъе вачана. Гьесухъ валагьун ГІисаца абуна: – Мун вуго Иоаннил вас Симон. Дуда цІар букІине буго Кефа (грек мацІалда Пётр). Нахъисеб къоялъ Галилеялде ине хІукму гьабуна ГІисаца. Гьес Филипп валагьана ва жинда хадув вачІайилан абуна. Пётрги Андрейги гІадин, Филиппги Бетсаида шагьаралдаса вукІана. Натанаэл валагьун, Филиппица абуна Мусал къануналдаги цогидал аварагзабазул ТІухьдуздаги жиндир хІакъалъулъ хъван букІарав чи ватанин жидедаян. Гьев вугин Назареталдаса Юсупил вас ГІиса. Назареталда сахав чи вахъуневищилан абуна Натанаэлица. Мунго а дов вихьизеян абуна гьесда Филиппица. Натанаэл вачІунев вихьараб мехалъ ГІисаца абуна: – Гьав вуго дов унго-унгояв жугьутІав, жинца киданиги хІилла-рекІкІ гьабуларев. – Дуда дун кисан лъалев? – ан гьикъана Натанаэлица. – Филиппица мун витІилалдего инжиралъул гъотІокь гІодов чІун вихьана дида мун, – ян абуна ГІисаца. Натанаэлица абуна: – Я, Рабби! Мун вуго Аллагьасул Васги, Исраилил халкъалъул ПарччахІги! Жалго рещтІараб минаялде щун, тІасарокъоре рахана ва гьенир чІана. Гьенир рукІана Пётр ва Иоанн, Якъуб ва Андрей, Филипп ва Фома, Бартоломей ва Матфей, Алфейил вас Якъуб, Симон Зелот ва Якъубил вац Ягьуда.
Выбор основного перевода