– Балагьги гІазабги дуе, Хоразин шагьар! Балагьги гІазабги дуе, Байтсаида шагьар! Тиралъулгун Сидоналъул гІадамазда рихьун рукІаралани нужеда рихьарал гІадинал мугІжизатал, тІутІу-хъухъураб парталги ретІун, ботІроде рахъуги бан, церего руссинаан гьел Аллагьасде.
Цо заманаялдасан ГІиса Галилеялъул (Тибериадаялъул) ралъдал добцояб рахъалде ана.