Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьенив кІикъого къоялъ ва кІикъого сордоялъ кІал ккун вукІарав ГІиса ахирги вакъана. БачІун илбисалъ абуна гьесда: – Мун Аллагьасул Вас ватани, чадазде сверайилан амру гьабе гьал ганчІазе. Гьелъие жаваб гьабун, ГІисаца абуна: – ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо чадица гуребин чиясе чІаголъи кьезе бугеб, Аллагьасдасан бачІараб щибаб рагІиялъин». Цинги Мукъадасаб шагьар Иерусалималде вачун, илбисалъ ГІиса Мукъадасаб Рукъалъул сиялда тІад лъола. Гьелъ абула: – Мун Аллагьасул Вас ватани, гъоркье кІанцІе! ТІехьалда хъван бугелъул: «Аллагьас малаикзабазе дур рахъалъ амру гьабун буго» ва: «Гьез мун кодов ккун восила, ганчІидацин дур хІетІе тункичІого букІине». ГІисаца абуна: – «Дурго БетІергьан Аллагьасул хІалбихьуге!» – янги хъван буго ТІехьалда. Гьанже илбисалъ ГІиса цІакъго борхатаб мегІералъул тІогьиве вачуна ва дуниялалъул киналго пачалихъалги ва гьезул кинабго кІодолъи-къудратги бихьизабула гьесда. Цинги ГІисада абула гьелъ: – Гьаб кинабго дуе кьела дица, бетІер къулун дуца дие сужда гьабуни. ГІисаца гьелда абула: – ТІагІа дида цебеса, шайтІан! ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо Аллагьасе – дурго БетІергьанасе – гурони сужда гьабуге. ЦохІо Гьесие гьабе гІибадат!» Гьебмехалъ илбисалъ ГІиса живго тола. Гьале малаикзаби рачІана гьесие хъулухъалъе.
Выбор основного перевода