– Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! Ниж гъуризейищ мун вачІун вугев! Дида лъала мун щивали. Илагьияв чи вуго мун! Аллагьас витІун вуго мун!
Амма ГІисаца жен чІезабуна: – КІал къай дуца! Нахъе а мун гьесул чорхолъа!
ГІисаца сах гьаруна батІи-батІияб гІузруялъ унтарал гІемерал гІадамал. Чанги чиясул чорхолъа бачахъана хъубаб жен. Гьес хъубал жундул кІалъазе риччалароан, гьезда лъалеб букІиндалха гьев щивали.