Гьесие хилиплъарав Ягьудаца гьикъана гьебмехалъ: – Дун гуро гурищ, Рабби? – ян. ГІисаца гьесда абуна: – Дуца абулеб бугоха гьедин.
ГІисае хилиплъарав Ягьудаца, гьев чІвазе хІукму гьабун букІин лъайдал, жинцаго гьабуралдаса ракІ бухІун, доб лъеберабго гІарцул гъурущ чІахІиял кашишзабазухъеги чІухІби-хІакимзабазухъеги нахъе кьуна.
Гьесие хилиплъарав Ягьудадаги лъалаан гьеб бакІ. Жиндирго муридалгун ГІиса чанги вачІунаан гьениве.
– Назареталдаса ГІиса валагьулев вуго, – ян жаваб кьуна гьез. – Дун вуго Дов, – ан абуна ГІисаца. Хиянатчи Ягьудаги вугоан гьезда гьоркьов.