Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
КъватІире рахъун фарисеял данделъула ГІиса тІагІинавизе тадбиралъе ургъизе. Гьебги лъан, ГІиса гьениса нахъе уна. Гьениса къватІире рахъун фарисеял данделъана ГІисал кІал таризабизе щибдай ургъун лъикІилан. Гьез жидерго муридалги гьеродилалги ритІана ГІисахъе. Гьез абуна: – Я, МугІалим! Нижеда лъала мун ритІухъав чи вукІин. Аллагьасул хІакъаб нух буго дур малъиги. Лъилниги мурад цІунун, гьесие хІелиги дур пикруялда рекъоларо. Чи вихьун иш гьабулеб гІамалги дур гьечІо. ГІисал цІар киса-кибего машгьурлъун букІиндал, Гьерод ханасухъеги щолел рукІана гьесул хІакъалъулъ харбал. Цояз абулеб букІана, хваралъуса вахъун вачІарав ЯхІя авараг вугин гьев, ва гьединлъидал гьес рихьизарулел ругин гьал мугІжизаталги. ГІисаца гьезда лъазабуна: – Вореха, фарисеязулги гьеродилазулги реччеялдаса цІунун чІа нуж. Цинги гьез цо-цо фарисеялги гьеродилалги ритІула ГІисахъе, гьесул кІал таризабизе кІоларищали бихьизе. ГІиса кквезейилан лъугьана нахъеги ягьудиял, амма гьезда кодоса ворчІана гьев.
Выбор основного перевода