ГІадамил Лъимада данде рагІи абурав бокьарав чиясдаса Аллагь тІасалъугьина, амма Илагьияб РухІалда бугьтан лъурав чиясе тІасалъугьин букІине гьечІо.
Хвалде рачунеб хутІун, цогидаб мунагь вацас гьабулеб бихьани, гьесул рахъалъ дугІа гьабе, ва Аллагьас гьесие абадияб гІумру кьела. (Хвалде рачунебги буго мунагь; гьелъул рахъалъ дугІа гьабиялъул гуро дица бицунеб бугеб.