Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Цинги гьев хьвадана тІолабго Галилеялда: гьезул синагогабазда гІадамазе вагІза-насихІат гьабулаан, Зобалазул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабулаан, кинабго унта-щокълъиялдаса гІадамал сахлъизарулаан. Дур гІабаялъул гІертелалда квер хъвазегІаги тейилан гьарулеб букІана гьез. Гьелда квер хъваралщиналги сахлъулел рукІана. ГьебсагІатго къотІана гьелъул чорхолъа чвахулеб букІараб би, ва гьеб гІазабалдаса жийго хвасарлъарайлъи бичІчІана гьелда. ГІисаца гьелда абула: – Дурго божи-иманалъ хвасар гьаюна, яц, мун. Гьанже а дурго, сах хутІагийин мун! Гьедин, киве гьев щваниги – шагьараздаги, росабалъги, кулабаздаги, – росун рачІун базар къотІнор лъолаан унтарал чагІи. Гьесул гІабаялъул гІертелалда квер хъвазегІаги биччайилан гьарулаан гьез. Гьесда квер хъванщинав чиги сахлъулаан. Цинги гьел щвана Бетсаидаялде. Вачун вачІуна цо бецав чи. Гьесда квер хъвайилан гьарула гьез ГІисада.
Выбор основного перевода