Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Доб чадил мугІжизатгицин бичІчІун букІинчІелъулин гьезул ракІ бицатго хутІун букІараб. Гьезул пикру бичІчІун, ГІисаца абуна: – Чед гьечІилан щай нуж гаргадулел? Нужго кинал гьедигІан бичІчІи гьечІел ва нахъгІунтІуларел? КигІан согІлъун нужер ракІал ругел? ГІодулей Марямги гьелда цадахъ гІодулел гІадамалги рихьун, цІакъго ракІбакъван, къварилъахъдана ГІиса. «Бичас гьел гІадамал бецлъизаруна, ГанчІил ракІал лъуна гьезул чурхдузулъ: Бецлъарал беразда бихьунгутІизе, ГанчІилал ракІазда бичІчІунгутІизе. Гуребани, диде руссинаан гьел, Сахлъизарилаан цинги дица гьел». Цо балъголъи нужедаса бахчун тезе бокьун гьечІо, вацал, дие. Гьеб балъголъи лъани, гІамал кІодолъун лъугьинаро нуж. Исраилил халкъалъул цо бутІа гьадин чанкІкІун кидаго гуро букІине бугеб, цогидал халкъаздасан рачІине кколезул киналго Аллагьасде руссинегІан хутІила гьел гьедин. Гьезул пикру-бичІчІи бецІлъун буго. Жидерго жагьиллъиги ракІбицалъиги сабаблъун, гьел рикІкІалъун руго Аллагьасде руссараб гІумруялдаса.
Выбор основного перевода