Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьенир нахъегІан чІун ралагьун руччабиги рукІана. Гьезда гьоркьор рукІана Магдалаялдаса Марямги, гьитІинав Якъубил ва Юсупил эбел Марямги, Саломеяги. Магдалаялдаса Марямги Юсупил эбел Марямги рукІана ГІиса хабалъ лъолеб бакІалъухъ ралагьун. ГІисада цадахъ рукІана гьес сахлъизарурал ва жундуздаса рацІцІад гьарурал руччаби: жиндир чорхолъа гьес анкьго илбис бачахъарай Магдалина абураб тІокІцІар бугей Марямги, Цинги гьес, халкъалдехун вуссун, мисал бачун, гьадинаб хабар бицине байбихьана: – Цо чияс цІолбол ах гьабун буго. Цинги ахихъабазухъе ижараялъе гьеб ахги кьун, гьев чи къватІиве ун вуго ва гІемераб заманаялъ гьенив чІун вуго. Цо гьатІан къоялъ бекун чед кваназе данделъана ниж, цинги вацалгун гара-чІваризе лъугьана Павел. Нахъисеб къоялъ къватІиве вахъине къачІарав Павелица сордо бащалъизегІан бицана хабар. Нужер щивав чияс гьатІан къоялъ батІаго лъун те нужее щваралда рекъон лъикІ бихьараб гІарац. Цинги дун вачІараб мехалъ гьеб бакІаризе лъугьине ккеларо. ТІадегІанасул къоялъ Илагьияб РухІалъ асар гьабуна дие – мугъзада нахъасан ахІулеб рагІана:
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода