Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Цеве живго вукІараб бакІалде ГІадамил Лъимер тІадвуссун унев вихьараб мехалъ щибдай нужеца абилеб? Цадахъ кваналев вукІараб мехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна: – Дица нужеда абураб къагІидаялъ, Инсуца нужее кьураб рагІи тІубазегІан, Иерусалималдаса нахъе унге нуж. ЯхІя аварагас лъадаца чурулаан, нужин абуни, гІемер заман иналдего Илагьияб РухІалъ чурила. Гьедин данделъараб мехалъ чапарзабаз ГІисада гьикъана: – Я, БетІерчІахъад, Исраилил халкъалъул парччахІлъи гьанже цІидасан рукІалиде ккезабизехъинцин гьечІищ дуца? Гьес абуна: – Инсуца жиндирго къудраталдалъун чІезабураб заманги болжалги нужеда лъазе кколаро. Амма Илагьияб РухІ нужехъе рещтІараб мехалъ, къудратги щвела нужее. Цинги дир хІакъалъулъ бицунел нугІзаллъун рукІина нуж цин Иерусалималда ва тІолабго Ягьудиялдагун Самариялда, цинги дуниялалъул рагІалде щвезегІанги. Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна. Гьесда хадур зодихъе ралагьун гьал рукІаго, гьале хъахІал гІабаби ретІарав кІиго чи вачІун чІана гьазда аскІов. Гьез абуна: – Ле, галилеялдасел, щай нуж зодихъе ралагьун чІолел? Нужеда зобалазде восун унев вихьарав гьев ГІиса, нужеда аскІоса зобалазде унев вихьараб къагІидаялъ вачІина нужехъе. Илагьияб РухІалъ цІурав Стефаница берал зобалазде руссинаруна. Гьесда бихьана Аллагьасул нурги ва гьесул кваранаб рахъалда чІун ГІисаги. Гьединлъидал ТІухьдузда хъван буго: «Гьев тІадегІан вахана, гьес гІемерал асирал рачун рачІана, гІадамазе сайигъатал рикьана». ТІадегІан вахарав ватани, гьелдаса цеве гьев ракьалъул бищунго гъваридалъуве лъугьун вукІун вуго. Ракьалъул гъварилъуде лъугьун вукІаравав гурищ бищунго рорхатал зобалазде вахунев? Гьес гурищ гьаб дуниялалда кинабго камиллъизабизе бугеб? Лъилниги щаклъи ккезе бегьуларо нилъер божи-иманалъулъ кІудияб балъголъи букІиналда. Дов вуго инсанасул чорхолъ Аллагьас жив загьир гьавурав, Илагьияб РухІалъги жив ритІухъ гьавурав, Малаикзабаздаги жив вихьарав, Халкъаздаги жиндир хІакъалъулъ лъазабурав, Дуниялалдаги жинда божарав, Живги Аллагьасул къудраталдалъун зобалазде восун арав. Васасулъ загьирлъула Аллагьасул Нур. ГІицІго гьев васасулъ буго Аллагь гІадамазда вихьизавизе кІолеб сипат-сурат. Васасул къудратаб рагІиялъ ккун буго тІолабго дуниял-гІалам. ГІадамазул мунагьалги чуризарун, Къудратав Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодов чІана гьев зобалазда. Аллагьас цониги малаикасда киданиги абурабищ: «Дир кваранаб рахъалда гІодов вукІа, дица дур тушбаби дур хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан»? БатІи-батІиял мугІжизаталги гІаламаталги рихьизарун ва батІи-батІияб къагІидаялъ Илагьияб РухІги жиндиего бокьухъе гІадамазде рещтІинабун, Аллагьас жинцагоги нугІлъи гьабуна гьелъие. Гьале нижее гьанже абизе бокьараб жо: Къудратав Аллагьасул тахалъул кваранаб рахъалда зобалазда гІодов чІарав бищунго кІудияв кашиш вуго нилъер.
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода