Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Хун хадув чІаголъараб мехалъ нужедаса цеве щвела дун Галилеялде. Гьелдаса хадувги Тибериадаялъул ралъдахъ нахъеги вачІана ГІиса жиндирго муридазухъе. Гьадин ккана гьеб. Симон Пётрги, КІилъилав абулев Фомаги, Галилеялъул Кана шагьаралдаса Натанаэлги, Зебедайил кІиявго васги ва цоги кІиго муридги данделъун рукІана гьенир. Симон Пётрица абуна жив ччугІа кквезе унев вугилан. Нижги рилълъинилан абуна гьесда гьез. Инеги ун, росоде рахана гьел. Амма гьеб сордоялъ цониги ччугІа кквезе щвечІо. Рогьунеб мехалъ ГІиса вихьана гьезда ралъдал рагІалда чІун. Амма муридазда лъачІо гьев чи ГІиса вукІин. – Я, дир гьудулзаби, ччугІа ккурабищ? – ан ахІана ГІисаца гьезде. КквечІилан ахІана гьез. Цинги ГІисаца гьезде ахІана росол кваранаб рахъалдехун гьин рехани, гьениб батилин нужеда ччугІа. Гьин рехараб мехалъ гьениб ккураб ччугІил гІемерлъиялъ хІалица бахъана гьеб лъадалъа. ГІисае вокьулев вукІарав муридас Пётрида абуна ТІадегІанав вугин довилан. ТІадегІанав абураб рагІи гьесул кІалдиса къватІибе бачІарабго, Симон Пётрица ретІел ретІана (хІалтІулеб мехалъ ретІел бахъун букІана гьес) ва лъадалъе кІанцІун рагІалде лъедезе лъугьана. Ралъдал рагІалде щвезе нусго галул манзил гурони букІинчІо, амма ччугІил цІураб бакІаб гьинги хадуб цІан цогидал муридаз бачана раса рагІалде. Ралъдал рагІалде рахъиндал, тІорччол цІадуда бежулеб ччугІаги батана, гьениб аскІобго чедги батана гьезда. ГІисаца абуна нужеца ккуразда гьоркьосаги чанго ччугІа гьанибе босейилан. Симон Пётрица хІалица рагІалде цІана чІахІияб ччугІил цІураб гьин. Нусиялда кІикъоялда анцІила лъабго ччугІа батана гьениб, гьебщинаб ччугІа бугониги, гьинги тІун батичІо. – Кваназе рачІа, – ян абуна ГІисаца гьезда. Цониги муридасда кІвечІо мун щивилан гьикъизе. Гьев ТІадегІанав вугевлъи лъалеб букІана гьезда. Гьезда аскІове вачІун, ГІисаца босунго босун чед кьуна гьезухъе, ччугІаги кьуна гьединго. Хваралъуса вахъун хадуб лъабабилеб нухалъги вачІана гьев гьедин муридазухъе. Кванан рахъараб мехалъ, ГІисаца Симон Пётрида гьикъана: – Я, Иоаннил вас Симон, гьазиеялдаса цІикІкІун вокьулевищ дуе дун? Пётрица абуна: – Вокьула, дир ТІадегІанав. Дуда лъалагури дие мун вокьулевлъи. ГІисаца абуна: – Дир чахъаби кваназаре дуца! КІиабизеги гьикъана ГІисаца гьесда: – Я, Иоаннил вас Симон, дуе дун вокьулевищ? – Вокьула, дир ТІадегІанав. Дуда лъалагури дие мун вокьулевлъи. ГІисаца гьесда абуна: – Дир чахъабазул тІалаб гьабе дуца. Лъабабизеги гьикъана ГІисаца гьесда: – Я, Иоаннил вас Симон, дуе дун вокьулевищ? Жив дуе вокьулищилан лъабцІул тІатІалаго гьикъулеб бугин гьасилан пашманлъана Пётр. Гьес ГІисада абуна: – Я, БетІерчІахъад, кинабгоги лъалагури дуда. Дие мун вокьулевлъиги лъала дуда. ГІисаца гьесда абуна: – Дир чахъаби кваназаре дуца. ХІакълъун абулеб буго дица дуда: гІолохъанаб мехалъ, дуцаго ретІелги ретІун, дуего бокьаралъуве унаан мун. Амма херлъараб мехалъ дуца кверал гІебеде ритІила цогидаз дудаго ретІел ретІине, ва дуе бокьуларелъувеги вачина гьез мун. Гьес гьедин абуна кинаб хвалидалъун Пётрица Аллагь машгьурлъизавизе вугевали бицун. Гьединги абун, жинда цадахъ вилълъайилан вачана ГІисаца Пётр. Нахъехун вуссиндал, Пётрида вихьана ГІисае вокьулев, ахирисеб сордоялъ дора кваналел рукІаго, гьесул каранде къулун: «Я, ТІадегІанав, щив дуе хилиплъизе вугев?» – ан гьикъарав мурид жидеда хадув вачІунев. Гьебмехалъ Пётрица ГІисада гьикъана: – Я, ТІадегІанав, гьасда щиб гьабилеб? ГІисаца гьесда абуна: – Дие бокьун батизе бегьула, дун тІадвуссун вачІинегІан, гьев дихъ валагьун чІезе. Щай дуда гьелъул ургъел чІвалеб? Мун дида цадахъ вилълъа. Гьебмехалъ ГІисал вацазда гьоркьоб хабар тІибитІана гьев мурид киданиги хвезе гьечІилан. Амма ГІисаца абичІо гьев киданиги хвезе гьечІилан. Гьес Пётрида абураб рагІи букІана: «Дие бокьун батизе бегьула, дун тІадвуссун вачІинегІан, гьев дихъ валагьун чІезе. Дуда гьелъул ургъел щай чІвалеб?»
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода