Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІисаца гьезда абуна: – БахІарав аскІов вугебгІан мехалъ гьес берталъе ахІарал гьудулзаби къваридго-пашманго рукІине бегьилищ? РачІина бахІарав гьезухъа вахъун арал къоялги, гьеле гьебмехалъ кквела гьез кІалги. Пётрида ракІалде щвана радакье хІелеко бахъиналде, лъабцІулго инкар гьабилин дуца дидасайилан ГІисаца жиндаго абун рукІарал рагІаби. КъватІиве ун гІек-гІекиялда гІодана Пётр. Гьебмехалъ кІиабизеги гІегІедана хІелеко. Пётрида ракІалде щвана ГІисаца жинда абун рукІарал рагІаби: радакье бахъун хІелеко кІицІул гІегІедилалде лъабцІулго инкар гьабилин дуца дидасайилан. ГІек-гІекиялда гІодана гьебмехалъ Пётр. Гьале, дица гьеб бицараб мехалъ, нужер рекІелъе пашманлъи лъугьана. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: дида хадур магІаби гьарун гІодила нуж. Амма гІалам бохила. Нуж пашманлъила, амма гьеб нужер пашманлъи рохелалде сверила. Лъимер гьабизе заман щун, хІара чІварай чІужугІаданалъе гІазаб букІуна. Амма лъимер гьабурабго, гьеб гІазабги кІочон тун, гьей йохула гьаб дуниялалде цоги инсан вачІинавунин жинцайилан. Гьедин нужги гьанже пашманго руго, амма нахъеги дида нуж рихьараб мехалъ, рохалил цІела нужер ракІал ва гьеб рохелги нужехъа лъицаниги бахъиларо.
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода