Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьале дица нужее къудрат кьуна щибго зарал гьечІого борхьалги ичІкІалалги хІатІаз мерхьине ва тушманалъул тІолабго къуват-гучалда тІад кверщелги кьуна. Киназухъего щвезе къватІиве вахъун вукІарав Пётр гьале Лидда абулеб шагьаралда ругел иман лъуразухъе щвана. Гьенив ватана палижалъ ккун микьго соналъ бусада лъурав цо Эней абулев чи. Пётрица гьесда абуна: – Эней, мун МасихІ ГІисаца сахлъизавуна. ТІаде вахъун дурго бусен бакІаре! Эней гьебсагІат тІаде вахъана. Гьев сахлъун вихьана Лиддаялъулги Сароналъулги киналго гІадамазда ва гьез ТІадегІанасде иман лъуна. Иоппиялда йикІана ТІабита абун цІар бугей цо мурид. Къвал цІун босун бачІун, хьоп-хъарахъ цІадабе балев вукІарав Павелил кверда хІанчІана цІадул бухІиялдаса хІинкъун къватІибе шурун бачІараб борхьица. Гьесул квералда далун чІараб борохь бихьидал, гьел гІадамаз цоцазда абулеб бугоан гьав чи чІвадарухъан ватилилан. Бихьуларищила, ралъдалъ гъанкъиялдаса хвасарлъаниги, гьаниб ракъдадаги ритІухълъи бергьун, гьанже гьев гІумруялдаса махІрумлъизехъин вугила. ХьвагІун квергун, цІадабе бортизабуна Павелица гьеб борохь. КигІан дагьабниги унтиги лъачІо гьесда. Мальтаялъул гІадамазда ракІалде ккана гьабсагІат гьесул квер гьоролин яги гьев хун ракьалде щапун инин. Гьесие щиб кколебали тІаса бер босичІого ралагьун чІун рукІана гьел лъикІалан заманаялъ. Амма щибниги лъугьинчІо гьесие. Гьебмехалъ батІияб пикру гьабуна гьел гІадамаз: гьев аллагь вугилан тана гьез. Публийил эмен ватана, бакъул унтиялъги риххалил унтиялъги тату хун, бусаде ккун. Гьесде ваккизе ун, Павелица дугІа гьабуна ва тІад квер лъун гьев сахлъизавуна. Гьелъул хабар рагІун, чІинкІиллъиялда рукІарал цогидал унтаралги рачІана гьесухъе. Гьелги сахлъизаруна Павелица. Унтун вугес жиндихъего ахІе иман лъуразул агьлуялъул бутІрул. ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон, дугІа гьабила гьез, зайтуналъул нах бахина. Божи-имангун гьабураб дугІаялъ унтарав сахлъула, БетІергьанас гьев тІаде вахъинавула, мунагь бугони, гьелдасаги тІасалъугьуна.
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода