Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Илагьияб РухІалъ цІуна гьел киналго ва, РухІалъ хІалкІолъи кьун, цогидал мацІазда кІалъазе лъугьана. (нилъеда гьоркьор руго жугьутІалги жугьутІазул дин босаралги), гьединго Криталъул гІадамал ва гІарабал. Аллагьасул хІалкІолъиялдалъун лъугьарал кІудиял ишазул хІакъалъулъ нилъер щивасул рахьдал мацІалда кІалъалел ругогури гьал! Я, БетІергьан! Гьале гьез нижее хІинкъаби кьолел руго. ХІинкъичІого дур калам халкъалда лъазабизе къуват кье дурго лагъзадерие. Дур илагьияв вакил ГІисал цІаралдалъун унтарал-щокъал сахлъизаризе, гІаламатал ва мугІжизатал рихьизаризе квербакъе нижее! Гьеб гьари-дугІаялда муридал ругеб мехалъ гьел данделъун рукІараб бакІ гьаргьадана, Илагьияб РухІалъ цІуна гьел ва хІинкъичІого Аллагьасул калам халкъалда лъазабизе лъугьана. Чапарзабазул квераздалъун гІемерал гІаламатал ва мугІжизатал лъугьана халкъалда гьоркьор. Гьел киналго цадахъ Сулайманил рагъиде данделъулаан. Вахъун ун доб минаялъуве щвана Анания. Шаулида тІад кверги лъун, гьес абуна: – Я, дир вац Шаул, ТІадегІанас – гьаниве вачІунаго нухда дуда кІалъарав гьев ГІисаца – дун витІана дидалъун дур беразда канлъи бихьизеги Илагьияб РухІ дуде рещтІинеги. Гьелдаса хадубги чанго къоялъ гьединго данде ячІун чІчІичІчІидулаан гьей. Ахирги гьелдехун вуссун ццин бахъун, Павелица гьадин абуна гьей гІаданалъулъ бугеб хъубаб женалда: – МасихІ ГІисал цІаралдалъун дица дуе амру гьабулеб буго гьей гІаданалъул чорхолъа нахъе аян! Ва гьебсагІат нахъе ана гьеб.
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода