Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Цинги гьес Фомада абуна: – Бихьея, дур килищ кье дир кверазда ругел ругъназда хъвазе, дур кверги кье дихъе дир хьолбода бугеб ругънада лъезе. Дун чІаго вукІиналда щаклъуге, божа мун гьелда. Сундасаго цебе дица нужеда бицана дицаги къабул гьабураб хабар: Хириял ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, МасихІ хвана нилъер мунагьазе гІоло. Илагьияб РухІалъ абулеб буго: «Жакъа нужее Аллагьасул калам цІалулеб бугони, нужерго ракІал рицалъизе риччаге. Доба гІицІаб авлахъалда, дандечІун, Аллагьасул сабруялъул хІалбихьулеб букІараб къоялъ нужер умумузулги ракІал рицалъун рукІана. ТІухьдузда хъван буго: «Жакъа нужеда рагІани Аллагьасул рагІи, нужерго ракІал рицалъизе риччаге, – Аллагьасде дандечІун нужер умумузул ракІал рицалъун рукІарал гІадин». Щалха дол рукІарал, «Аллагьасул калам рагІаниги», «дандечІарал» гІадамал? Мусаца Мисриялдаса къватІире рачарал чагІи гурищ! КІикъого соналъ Аллагьасул ццин лъида бахъун букІараб? Мунагьал гьаридал гІицІаб авлахъалда жидер рукьби хутІарал чагІазда гурищ! «Гьезие рахІаталъе Дица кьезе бугеб ракьалде гьел киданиги лъугьинарилан» Аллагь лъил рахъалъ гьедарав? МукІурлъуларезул рахъалъ гурищ! Гьеле нилъеда бихьулеб буго: иман гьечІолъи сабаблъун кІвечІо гьезда доб жидее къотІи гьабун букІараб ракьалде рорчІизе.
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода