Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІемерал гьересиаварагзаби рахъина, гьез гІемерисел къосинарила. Гьединлъидал киналго халкъазухъе ун, дир рагІи тІибитІизабе, ва Инсулги, Васасулги, Илагьияб РухІалъулги цІаралдалъун, лъадалъ ччун рахъун, гьезул мунагьал чуризаре. Амма ахирзаман тІаде щвелалде киналго халкъазда Рохалил хабар лъазабун букІина. – ХІинкъуге, – ян абуна гьезда малаикас. – ТІолабго гІаламалъего гІахьалаб кІудияб рохел бицине вачІун вуго дун нужехъе. Давудил шагьаралда жакъа гьавуна жинца нуж хвасар гьаризе вугев ТІадегІанав МасихІ. Кинабго бижанщинаб гІащикъго балагьун чІун буго жиндир лъимал щалали Аллагьас кидадай загьир гьабилаян. Гьедин букІина нужеда рагІараб Рохалил хабаралда хадубккунги нуж кьуричІого божани, къвакІун чІани ва нужер хьулги къинчІони. Жиндие хъулухъалъе дун – Павел – вукІараб гьеб Рохалил хабар дуниялалда бижанщиналда лъазабуна. Ва цоги малаик вихьана дида зоб бакьулъан воржун унев. Гьесухъ букІана ракьалда бугебщинаб миллаталда, наслуялда, мацІалда ва халкъалда бицине абадияб Рохалил хабар.
От Марка
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода