Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
ЖахІалго те гьел. Гьел руго бецал чагІи, квер ккун хадур цІалел бецукал. Бецукас ккун бецук вачунев вугони, кІиялгоги гвандинире рортила гьел. Ле бецав фарисеяв, цин дуца суркІа-щурун жаниса бацІцІад гьабе, гьелъул къватІисахун рахъги бацІцІалъизе. Мун жугьутІав вугилан рикІкІуна дуца, Къануналъ мун хвасар гьавилилан ракІчІун вукІуна, Аллагь нижехъан вугилан веццардула, дуда лъала гьесул амруял кинал ругелали, Къануналдалъун битІараб нух тІаса бищизеги ругьунлъана мун. Дур ракІчІун буго бецал чагІи дуца хадур цІалел ругин, бецІлъуда ругезе канлъиги кьолеб бугин, гІакълу гьечІел кантІизарулелги ругин. Дуда лъикІго лъалин кинабго гІелмуги хІакъабщинабги жиндилъ камиллъараб Къанун. Дуца цогидазда малъула – дудаго щайха малъулареб? ЦІогьодугейилан малъула – мунго щайха цІогьодулев? ХъахІбалъи гьабугейилан абула – дуцаго щайха хъахІбалъи гьабулеб? Гьересиаллагьзаби дуда рихарал руго – гьел жанир ругел храмал щайха дуца талавур гьарулел? Дуе Къанун рещтІун бугилан веццарула мун, амма дуца гьеб Къанун хвезабула ва гьелдалъун Аллагь хІакъир гьавула. ТІухьдузда хъван бугелъул: «Нуж сабаблъун мажусияз Аллагь какулев вуго».
Выбор основного перевода