Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьале, рорчІамиянги абун, гьезда данде вачІана ГІиса. АскІоре ун, гьел руччаби, ГІисае сужда гьабун, гьесул хІатІазда хурхана. ГІисаца абуна: – Гьабгощинаб мехалъ нужеда цадахъ вукІарав дун лъаларевищха, Филипп, дуда? Дун вихьарав чиясда дир Эменги вихьана. Дур Эмен вихьизавейилан щай дуца абулеб? – Марям! – абун, цІар ахІун, кІалъана гьелда ГІиса. – Я, Раббуни! – ян ахІана Марямица кьурун гьесдехун юссун (МугІалим абураб магІна буго жугьутІ мацІалда гьеб рагІул.) ГІисаца гьелда абуна: – Воре, дуца дун ккун чІезавуге, жеги дун дирго Инсухъе щун гьечІин. Гьанже дир вацазухъе ун, дуца гьезда бице ГІисаца абунин, дирги нужерги Инсухъе, дирги нужерги Аллагьасухъе тІадвуссун унев вугин дун. – Я, дир БетІергьан! Я, дир Аллагь! – ан абуна гьесда Фомаца.
Выбор основного перевода