Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
– ХІакъикъаталдаги мун Аллагьасул Вас вуго! – ян, гьесие бетІер къулана росода рукІараз. Пётр абун тІокІцІар бугев Симоница жаваб кьуна: – Мун вуго хІакъав Аллагьасул Вас МасихІ! Аллагьасул вас ГІиса МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар гьадин байбихьулеб буго. Дир Инсуе бокьун буго Вас вихьаравщинав ва гьесда божаравщинав чиясе абадияб гІумру насиблъизе. Къиямасеб къоялъ дица гьев чІаголъизавизе вуго. ТІухьдузда хъван бугеб хисизабизе бегьуларо. Бичасул калам рещтІаразда БетІергьанасцин аллагьзабийилан абун буго. ВацІцІадав илчилъун гьавун, гьес дуниялалде витІарав Дун Аллагьасул Вас вугилан абурал дир рагІаби Аллагьасда дандечІарал ругин абизе кин нужеда кІолеб? Аллагьасул Васасда божулел нужехъе дица гьаб хъвана нужее абадияб гІумру насиблъун бугеблъи лъан букІине.
Выбор основного перевода