Амма нилъеда лъалагури дов кисаяли. ХІакъикъияв МасихІ вачІараб мехалъ, лъиданиги лъалеб рагІуларо гьев кисаяли.
Мукъадасаб Рокъоб вагІза-насихІат гьабулаго, ГІисаца халкъалде ахІана: – Нужеда дун лъала. Дун кисаялиги лъала. Амма дунго лъикІав лъугьун вачІарав чи гуро дун, хІакъав Аллагьас витІана дун. Нужеда Гьев лъаларо.
ГІисаца абуна: – Дицаго дирго хІакъалъулъ гьабулеб бугониги, гьеб нугІлъи кьучІаб буго, дида лъалелъул дун киса вачІаравали ва киве унев вугевали. Нужеда лъаларо дун киса вачІаравали ва киве унев вугевали.