Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
– Галилеялъул Назарет шагьаралдаса ГІиса авараг вуго, – ян жаваб кьуна гьезие гьесда хадуб бачІунеб букІараб халкъалъул руккалилъан. Гьезие бокьун букІана ГІиса ккун вачине, амма гІадамазукьа хІинкъана. Халкъалъ гьев авараглъун рикІкІунев вукІиндал. Кутакаб хІинкъиялъ къвал бан рукІана гьел киналго, Аллагьасе рецц гьабулаго, гьез абулеб букІана: – КІудияв авараг рещтІун вуго нилъехъе, жиндирго халкъалъе кумекалъе лъугьун вуго Аллагь. Гьей гІаданалъ абуна: – Мун авараг вукІин бихьулеб буго, бетІерчІахъад, дида. ГІисадасан загьирлъараб гьеб мугІжизат бихьидал, гІадамаз абуна: – ХІакълъунго гьав чи вуго дуниялалде вачІине кколев вукІарав авараг. Гьел рагІаби рагІидал, цо-цо гІадамал гаргадизе лъугьана хІакълъун гьав чи авараг вугилан. Фарисеязги гьикъана гьесда дур бецал беразда канлъи кин бихьарабилан. Гьес гьезда бицана хІацІуца буцун хІур баханин дос жиндир беразда ва гьумер чурараб мехалъ канлъиги бихьанилан.
Выбор основного перевода