Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Кинаб къавмалъул чи вугониги, гьес къабул гьавула жинкьа хІинкъулев ва витІун хьвадулев чи. Цо бакІалдаса цоги бакІалде хьвадун, гІадамазул чорхолъа жундул рачахъун бетІербахъарал чагІиги рукІана жугьутІазда гьоркьор. Гьанже гьез къасд гьабуна ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон инсанасул чорхолъа хъубаб жен бачахъизе. Гьез гьелда абулаан: – Павелица жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІисал цІаралдалъун амру гьабулеб буго нижеца дуе гьев чиясул чорхолъа нахъе аян. (Гьел рукІана Ягьудиязул цо кІудияв кашиш Скевал анкьавго вас.) Гьеб хъубаб женалъ гьезда абуна: – Дида ГІисаги лъала, Павелги лъала щив чияли, амма нуж щал кколел? Цинги гьеб хъубаб жен чорхолъ бугев чияс, тІадги речІчІун, гьел гІодор тІамуна. Лъукъ-лъукъун тату хварал гьел, тІад ретІелги гьечІого, тІуризе ккана гьеб рокъоса къватІире.
Выбор основного перевода