Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна: – Нуж руго Зобалазул ПарччахІлъиялъул балъголъи лъазе рес щварал гІадамал, амма гьезие гьеб рес щвечІо. Кодолъи бугесе гІунги тІокІлъиледухъ тІадеги кьезе буго, кодолъи гьечІесухъа бугебги бахъизе буго. Мисалал рачун бицуна дица гьезие, ралагьун ругониги гьезда бихьуларелъул, гІенеккун ругониги гьезда я рагІуларелъул, я бичІчІуларелъул. Гьезухъ балагьун ритІухълъула Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима: «ГІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо. Щайгурелъул гьаб халкъалъул ракІалги согІлъун руго, гІундулги гъугълъун руго, бералги къанщун руго гьез. Гьез гьедин гьабулеб буго беразда канлъи бихьунгутІизе, гІундузда рагІи рагІунгутІизе, рекІелъе щибго босунгутІизе, дица сахлъизаризе дихъе нахъруссунгутІизеги». ГІаламалъе судги тамихІги гьабизе витІун гьечІо Аллагьас жиндирго Вас дуниялалде, гьесдалъун гІалам хвасар гьабизе витІун вуго. Инсуца лъиениги суд гьабулеб гьечІо, суд гьабизе ихтияр гьес Васасухъе кьун буго. Суд гьабизеги ихтияр кьун буго Васасе – гьев ГІадамил Лъимер вугелъул. Дунго лъикІав лъугьун дида щибниги гьабизе кІоларо. Аллагьасухъ гІенеккун гьабулеб буго дица суд. Дир судги ритІухъаб буго, – диего бокьухъе гурелъул дица суд гьабулеб бугеб, дун витІарав Аллагьасе бокьухъелъидал. Нужеца суд гьабула гІадамаз гІадин, амма дица лъиениги суд гьабуларо. Дица суд гьабунигицин, гьеб ритІухъаб букІина, дун дунго цохІо гьечІелъул, дун витІарав Эменги вугелъул дида цадахъ. Дихъ гІенекканиги, дир рагІи рекІелъ цІуничІесеги суд дица гуро гьабизе бугеб. ГІадамазе суд гьабизе гуро дун вачІун вугев, гьел хвасар гьаризе вачІун вуго. ХъабаналъгІанги габур кьуризабуларел нужеца сунат гьабуни щиб, ракІги гІундулги рукІухъего хутІун ругелъул? Нужер умумулго гІадин, нужги кидаго Илагьияб РухІалда дандечІун руго. Нужер умумуз гІазаб-гІакъуба кьечІев цониги авараг хутІаравищ? Гьез чІвана Аллагьасул вакил вачІине вугилан цебеккунго жидеца лъазабуралги. Гьанже нужгоги лъугьана гьев вакиласе хиянат гьабурал ва гьев чІварал чагІилъун. Малаикзабазул кумекалдалъун нужехъе бачІана Аллагьасул къанун, амма нужеца гьеб цІуничІо!
Выбор основного перевода