ГІисаца гьезда абуна: – Жидее гьединаб гІазаб кьурал чагІи Галилеялъул цогидал гІадамаздаса мунагь-хІакъ гІемерал рукІаниланищ нужеда ракІалде кколеб?
Яги доб Силоамалъул си биххун гъоркье ккун хварав анцІила микьго чи Иерусалималъул цогидал гІадамаздаса мунагь-хІакъ гІемерал рукІаниланищ нужеда ракІалде кколеб?
Цинги ГІисада гьев чи Мукъадасаб Рокъов ватана. – Гьелеха, сахлъун вуго мун гьанже, – ян абуна гьесда ГІисаца. – Мунагьалдаса цІунун чІа гьанжеялдаса нахъе, дагьабги квешаб ккезе гурин дуе.
Эбелалъ гьавуралдасаго мунагьазул цІурав дуцагийищ нижее гІакълу кьолеб бугебилан, ццин бахъун, къватІиве гъуна гьез гьев.