Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
– ЖугьутІазул ПарччахІлъун вукІине гьавурав дов вас кив вугев? Зобалазул бакъбаккул рахъалда баккун бихьана нижеда гьев гьавунилан бицунеб цІва. Гьесие сужда гьабизе рачІун руго ниж. – ХІакъикъаталдаги мун Аллагьасул Вас вуго! – ян, гьесие бетІер къулана росода рукІараз. Пётр абун тІокІцІар бугев Симоница жаваб кьуна: – Мун вуго хІакъав Аллагьасул Вас МасихІ! Цинги гьаракьги рагІана зобалаздасан: – Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун! ГІиса вихьараб мехалъ, хъубал жундуз ккурал чагІи гьесда цере накабазда чІолаан ва ахІдолаан, мун Аллагьасул Вас кколилан. Исраилил умматалъул парччахІ – МасихІ гьев ватани, рещтІа абе гьанже нилъеда вихьизе хъанчидаса гъоркье, гьебмехалъ божила нилъ гьесда. Гьесда цадахъ хъанчида рарал хъачагъалгицин рукІана ГІисаде хьанделел. Гьелъ жаваб кьуна: – Я, БетІерчІахъад, дун божана дуниялалде вачІине вугев Аллагьасул Вас МасихІ мун вукІиналда. Чамасдакил гъутІбузул гІурччинал гІаркьалабиги кодор ккун ана гьел ГІисада данде. Гьадинаб туркиги ахІулеб букІана: – Гьошанна! БетІергьанас витІун вачІунев вугесда баркат лъеги! Исраилил халкъалъул ПарччахІасда баркат лъеги! гьезул лъималазе – тІубазабун, ГІиса хваралъуса вахъинавунилан. Гьадин хъван буго Забуралъул кІиабилеб туркиялда: «Мун Дир вас вуго. Жакъа Дун дур Эменлъун лъугьана».
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Выбор основного перевода