Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьале гьаракьги рагІана зобалаздасан: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьесдаса вохун вуго дун! ГІисадехун Пётр гьедин кІалъалев вукІаго, гьале цо гвангъараб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел. Гьале гьеб накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас, гьасдаса вохун вуго Дун! Гьасухъ гІенекке нуж! Ракь багъариги цогидал хІикматал ишалги рихьараб мехалъ, аскаралъул нусилбетІерги ГІиса цІунун гьесда цадахъ рукІарал рагъухъабиги цІакъ хІинкъана. Гьез абуна: – ХІакъикъаталдаги гьав чи Аллагьасул Вас вукІун вуго. Гьебмехалъ цо хъахІаб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел ва накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж! Рагъухъабазул нусилбетІер вукІана ГІисал хъанчида дандвитІун эхетун. Гьедин ГІисал рухІ босараб куц бихьидал, гьес абуна: – ХІакъикъаталдаги гьав чи Аллагьасул Вас вукІун вуго. Цинги накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав ккола дица витІизе тІаса вищарав дир Вас. Гьасухъ гІенекке нуж! Натанаэлица абуна: – Я, Рабби! Мун вуго Аллагьасул Васги, Исраилил халкъалъул ПарччахІги! Амма гьаб хъвана гьев ГІиса Аллагьасул Вас МасихІ вукІиналде нужеца иман лъезе бокьун ва гьелдалъун нужее абадияб гІумру насиблъизеги бокьун. Гьебмехалъго синагогабазде ун гьес ГІисал хІакъалъулъ бицунеб букІана гьев ГІиса Аллагьасул Вас вугилан.
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Выбор основного перевода