Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Ригьунаредухъ кьижун рукІана Пётрги цадахъ ругелги. Ригьараб мехалъ гьезда бихьана ГІисада тІад чІараб нур, кІиго чиги вугоан аскІов эхетун. Гьедин гьениб – Галилеялъул Кана шагьаралда – бихьизабуна ГІисаца тІоцебесеб мугІжизат. Загьирлъизабуна жиндирго къудрат. Муридалги божана ГІисада. Инсан хІисабалда Давудил наслуялъул васлъун кколев, Илагьияб РухІалъул рахъалъ босани, кІудияб къудраталъ хваралъуса вахъинавидал, Аллагьасул вас вукІин загьирлъарав нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хІакъалъулъ хабар буго гьеб. Амма, заман цІубараб мехалда, Аллагьас витІун вачІана чІужугІаданалъ гьавурав жиндирго Вас. Къануналъул кверщаликь гьавуна гьев – Живго гьитІинлъизавуна, – лагъасул даражаялда чІана. Инсанасда релълъун вижарав ва инсанасул сурат жиндилъ лъугьарав Лъилниги щаклъи ккезе бегьуларо нилъер божи-иманалъулъ кІудияб балъголъи букІиналда. Дов вуго инсанасул чорхолъ Аллагьас жив загьир гьавурав, Илагьияб РухІалъги жив ритІухъ гьавурав, Малаикзабаздаги жив вихьарав, Халкъаздаги жиндир хІакъалъулъ лъазабурав, Дуниялалдаги жинда божарав, Живги Аллагьасул къудраталдалъун зобалазде восун арав. Лъималилан гьес гІадамазда абулеб бугелъул, гьелго гІадинав гьанги биги чорхолъ бугев инсанлъун лъугьана ГІисаги. Гьедин гьабуна гІадамал хвезаризе кІолеб илбис жиндир хвалидалъун хвезабизе бокьун. Аллагьасдасан гьеб рухІ букІин гьадин лъазе кІола: инсанасул къаркъала-черхгун ГІиса МасихІ ракьалде вачІун вукІин ритІухъ гьабулевщинасулъ буго Аллагьасдасан бачІараб рухІ.
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Выбор основного перевода