Цогидаз абулеб букІана гьав МасихІ вугилан. Галилеялда МасихІ вахъуневищилан абулел чагІиги рукІана.
ТІехьалда бугин абулеб букІана гьез, Давудил наслуялда вахъинин МасихІ ва Давудил росулъ – Бетлегьемалда – гьавилин гьев.
– Мунги Галилеялдаса ватила, – ян абуна гьесда гьез. – Цониги авараг Галилеялъул ракьалда вахъинилан хъван гьечІолъи дудаго бихьизе ТІухьдул цІале. [