Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Галилеялъул ралъдал рагІалдасан унаго, ГІисада вихьана ччугІие гьин рехулев кІиго вац: Пётр абун гьес тІокІцІар лъурав Симонги гьесулго вац Андрейги. Гьел рукІана ччугІихъаби. – Дида цадахъ рилълъа, – ян абуна гьезда ГІисаца. – Дица нуж лъугьинарила гІадамал кколел ччугІихъабилъун. Гьенибго гьинги тун, гьебсагІат гьел ГІисада цадахъ уна. Галилеялъул ралъдал рагІалдасан унаго, ГІисада рихьана ччугІие гьин рехулел Симонги гьесулго вац Андрейги. Гьел рукІана ччугІихъаби. – Дида цадахъ рилълъа, – ян абуна гьезда ГІисаца. – Дица нуж лъугьинарила гІадамал кколел ччугІихъабилъун. Гьенибго гьинги тун, гьебсагІат гьел ГІисада цадахъ уна. Гьениса гІемерго рикІкІалъилалде, ГІисада рихьана Зебедайил вас Якъубги гьесулго вац Иоаннги. ЧчугІа кквезе гьин къачІалел рукІана гьелги росода тІад. Гьездеги ахІана ГІисаца, жинда цадахъ рилълъаян. Жидерго эмен Зебедайги гьесул хІалтІухъабиги росонир тун, гьев кІиявгоги ана ГІисада цадахъ. ХІорил рагІалда кІиго раса бихьана ГІисада. Русбуздаса къватІире рахъун ччугІихъабаз жидерго гьин чурулеб букІана. Симонил расаялъуве лъугьун ГІисаца гьесда гьарана раса дагьаб жанибегІан бачейилан. Росонив гІодов чІун гІадамазе вагІза-насихІат гьабизе лъугьана гьев. ВагІза-хабар лъугІидал, Симонида абуна: – Добе хІорил гъварилъудегІан расаги бачун, рехе дурго гьин. Симоница гьесие жаваб гьабуна: – Я, НасихІатчи! Нолъ сордо рогьинегІан хІалтІаниги, цохІониги ччугІа кквечІо нижеца. Амма дур рагІи гІадахъ босун дица гьин рехила. Гьес малъухъе гьабидал, гьезие хІаталдаса ун гІемераб ччугІа щвана. Гьин тІутІун унеб букІана ччугІил бакІлъиялъ. Доб цояб росонир рукІарал гьалмагъзабаздеги ишан гьабуна гьез кумекалъе рачІайилан. РачІун дозги кумек гьабун, кІиябго раса ччугІил цІезабуна. Давлаялъул гІемерлъиялъ лъадалъе тІерхьун ине дагьалъ хутІана гьел русби. Гьебмехалъ Симон-Пётрица, ГІисал накабазда цеве чІун, суждаги гьабун, абуна: – Я, БетІерчІахъад! Дида аскІоса нахъе а мун! Дун вуго мунагьазул цІурав чи! Абиларищ, гьевги гьесда цадахъ гьин рехаралги кутакалда хІинкъун рукІиндал, ккураб ччугІил гІемерлъи бихьун. Гьеб ишалъ гьединго кутакалда хІинкъизаруна Симонил гьалмагъзабилъун рукІарал Зебедайил васал Якъубги Иоаннги. Цинги ГІисаца Симонида абуна: – ХІинкъуге! Гьанжеялдаса нахъе дуца, ччугІа гуреб, гІадамалин кквезе ругел. КІиябго раса хІорил рагІалде цІараб мехалъ, кинабго жоги гьениб тун, гьел ГІисада цадахъ уна.
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Выбор основного перевода