Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ? Цоцазда гьоркьоб хабар ккана гьезул. «Зобалаздасан букІанин абуни, гьес нилъеда абилагури, гьедин батани, щайха нуж ЯхІяда божичІелилан. Лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ? Кье дие жаваб. лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ? Дида гьебмехалдаги лъачІо гьев. Амма лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе дун витІарас дида абуна: «Илагьияб РухІ жиндихъе рещтІунев ва жиндихъ гьеб хутІулев чи вихьила дуда. Гьев ккола Илагьияб РухІалдалъун гІадамал чуризе вачІарав чи».
От Иоанна
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Выбор основного перевода